Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІадамал къватІире ритІидал, гьей ясалда аскІовеги ун, ГІисаца гьелъул квер ккуна, – яс тІаде яхъун ячІана. АскІове ун, ГІисаца гьей, кверги ккун, йорхизаюла. ЦІа-канги ун, якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьуна. Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула: – ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана – «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!») Амма гьес, ясалъул кверги ккун, гьелде ахІана: – ТІаде яхъа, ясай! – абун. Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун, Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан.
Выбор основного перевода