Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьале, хвана гьев пакъир, малаикзабаз гьев Ибрагьим аварагасда аскІове восун ана. Хвана дов бечедав чиги. Гьев хабалъ вукъана. Гьале жужахІалъув квешаб гІазабалъулъ вугев гьев бечедав чиясда, берал рорхун валагьидал, рикІкІадасан вихьана Ибрагьим аварагги гьесда аскІов дов Лазарги. Бечедав чияс ахІана: «Я, нижер эмен Ибрагьим! ГурхІа мун дида! Гьаб цІадулъ вежулев вугин дун, дир мацІалда реччел хъвазегІаги, лъадалъ килищги ччун, витІе гьев Лазар». Ибрагьимица гьесда абуна: «Я, дир вас, дуца ракІалде щвезабе: дуниялалъул рокъоб дуе кинабго лъикІабщинаб щвана, Лазариейин абуни гьениб кинабго квешабщинаб щвана. Гьанже гьанив Лазар хІалхьун вуго, мун гІазабалъулъ вуго. Гьав духъе кин витІилев, нилъеда гьоркьоб кІудияб кІкІал лъугьун бугелъул. Гьединлъидал гьаниса гьенирехун рачІине бокьаразе нух гьечІо ва гьениса гьанирехун рачІинеги бажаруларо». Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги. Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел. ГІумруялъул тІехьалда цІар хъван батичІел чагІи цІадул хІоринире рехана.
Выбор основного перевода