Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев.
Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев.
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго.
Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІинегІан гьанжеялдаса нахъе тІокІаб гьекъезе гьечІо дица гьаб цІолбол цІцІураб жа.