Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Пириялъул гІадаб сурат букІана гьев малаикасул, гІазухъахІаб ретІелги букІана гьесда тІад. Гьел чирахъазул бакьулъ вугоан ГІадамил Лъимада релълъарав чи. Гьесда тІад букІана хІатІазде щвараб гІаба ва карандасан борчун букІана меседил рачел. Квас кинигин хъахІаб букІана гьесул ботІрол рас. Бералги цІалъун кенчІолел рукІана. ЦІадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукІана хІатІал. Лъадал кІудияб чвахелоялъул гІадинаб букІана гьаракьги. Гьесул кваранаб хъатикь букІана анкьго цІва. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъунаан кІибалаб ва рекІараб хвалченалда. Къалъул гІужалда бакъ гІадин гвангъун букІана гьесул гьумерги.
Выбор основного перевода