Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дицани нужеда абулеб буго: жиндирго вацасда ццин бахъаравги судалде вачине вуго. Жиндирго вацасда: «Рака! (Вахьна!)» – ян абуравги вачине вуго тІадегІанаб судалде. «ГІабдал!» – ан абуравги жужахІалъул цІадаве ккезе бегьула. Дур кваранаб бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо лага камиго лъикІ дуе, тІолабго черх жужахІалъул цІадабе рехизегІан. Дур кваранаб квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цо лага камиго лъикІ дуе, тІолабго черх жужахІалъул цІадабе ккезегІан. Дур квералъ, яги бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун нахъе рехе гьеб. Цояб квер камун, яги цояб бох камун абадияб рокъове лъугьин лъикІ дуе, кІиябго квергун, яги кІиябго бохгун свин гьечІеб цІадаве рехизегІан. Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун нахъе рехе гьеб. Цо бергун абадияб рокъове лъугьин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъул цІадаве рехизегІан. КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а. Гьаб дуниялалъулалщинал жал: хъахІбалъи, хъублъи, чорхол гьава, квешал къасдал къинаре нужелъго ва гьересиаллагьлъун кколеб къарумлъиялъе лагълъиги гьабуге! Аллагьасул ццин бахъине буго гьел гІамалал ккурал гІадамазда. Гьел рехсарал гІамалаз нуж къосинарулел рукІараб заманаялда, нужги хьвадулаан гьездаго релълъун. Амма гьанже нуж рикІкІалъизе ккола ццидадаса, гьалаглъиялдаса, квешлъиялдаса; цоцаздасан какдезеги цоцазда квешал рагІаби абизеги бегьуларо. Цоцазе гьереси бицунге. Басрияб ретІел гІодобе рехулеб гІадин, гьанже нужеца инкар гьабизе ккола цебе нужер букІараб гІумруялдасаги гІамал-хасияталдасаги. Нужее щвана цІияб ретІел – цІияб гІумру. Нуж Рижарасда релълъинелъун ва Аллагь цІикІкІун лъазелъун буго гьеб нужер гІумру цІилъулебго цІилъулеб. Гьанже чиясул батІалъи гьечІо – грек вукІаниги, жугьутІав вукІаниги, сунат гьабурав яги гьабичІев вукІаниги, апараг вукІаниги, скиф вукІаниги, лагъ яги узден вукІаниги. Вуго цохІо МасихІ! Гьев киназулъго вуго, кинабголъунги вуго!
Выбор основного перевода