Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун! Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! Ниж руго жиндирго Эмен – Аллагьасдасан бачІараб гьесул кІодолъиги къудратги нижерго беразда бихьарал гІадамал. Гьеб мехалъ гьесда рагІана Къудратав БетІергьанасул гьаракь: «Гьав вуго Дие вокьулев Дир Вас. Гьасдаса вохун вуго Дун». Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.
Выбор основного перевода