Гьез бицунелда нуж божулел ругони, ЯхІя вуго кІиабизе тІадвуссун вачІине кколев вукІарав Иляс авараг.
Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ.