Гьелдаса хадуб ГІисаца гьезда бицине байбихьана жив Иерусалималде ине вугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги жиндие гІазаб-гІакъуба кьезе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.
– Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове кьела, гьезги чІвазе къотІила.
Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила.
Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин.
– Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер кьезе вуго чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове ва гьезги гьев чІвазе къотІила. Цинги гьев кьела цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове.
Гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, цІалаца вухила, цинги чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина гьев.
Гьев цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела, гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила,
вухила-кьабила, цинги чІвала ва хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъила.
ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги.