Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан. – Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб. Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: – Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. «ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана. ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула – Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, – ян абуна гьес гьезда. – Пилатица, нахъеги къватІиве вачІун, ягьудиязда абуна: – ГІенеккея, дица дов къватІиве вачунев вуго, досда тІад гІайиб чІезабизе дида кІвечІеблъи нужеда лъан букІине. Гьев вихьаравго чІахІиял кашишзабиги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе! Хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: – Нужецаго вай гьав хъанчида. Дида кІоларо гьасда гІайиб чІезабизе. Аллагьасдасан гьеб батани, нужеда кІвеларо гьеб биххизабизе. Аллагьасда данде рагъулел чагІилъунцин лъугьине гуринха нуж. Дун гІодов ккана. «Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб?» – ан ахІулеб гьаракьги рагІана дида. Иерусалималде тІадвуссун Мукъадасаб Рокъов какда вукІагоги цебетІами лъугьана дие. Дида ГІиса вихьана, ва гьес дида абуна: «ЛахІзаталъ чІечІого мун Иерусалималдаса нахъе а. Гьанир божизе гьечІо дир хІакъалъулъ дуца бицаралда». Дида ракІалде ккола чІвазе къотІизе гІураб гІайиб гьасул гьечІилан. Къайсарасул судалде витІейилан гьарулеб бугелъул, дица хІукму гьабуна гьав гьениве витІизе. – ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, – ян абулеб букІана гьез цоцазда.
Выбор основного перевода