Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. Кисанго рекерун рачІун гІадамазул кІудияб руккел лъугьана. Кквезеги ккун, гьез Павел Мукъадасаб Рокъоса къватІиве вехъерхъана, ва гьебсагІат кавуги рахана. Гьез Павел чІвазехъин вугеб мехалъ, рагъухъабазул азарилбетІерасда рагІана тІолабго Иерусалималда гъалмагъир ккун бугилан. ГьебсагІат гьев, рагъухъабиги нусилбутІрулги рачун, гьениве вортана. АзарилбетІерги рагъухъабиги рачІунел рихьун, Павел вухулел рукІарал гІадамаз гьев живго тана. Гьебмехалъ аскІове ун, азарилбетІерас Павел нахъе вачана, кІиго рахасги бан вухьейилан буюрухъ кьуна. Цинги гьел гІадамазда гьикъана гьав щивилан, гьас гьабураб щибилан. ЦІалаца вухизе вухьунеб мехалъ, гьенив аскІов вукІарав нусилбетІерасдехун вуссун Павелица абуна суд гьабичІого Рималъул гражданин вухизе законалъ изну кьолебищилан. ГьебсагІат нусилбетІерас, азарилбетІерасда аскІове ун, абуна: – Дуца гьабулеб жо щиб? Гьавни Рималъул гражданин вукІун вуго, – ян. АскІове вачІун, азарилбетІерас Павелида гьикъана: – Бице дида: мун Рималъул гражданинищ? – абун. Уйилан абуна гьес. НусилбетІерас гьениб абуна гьеб гражданлъи щвезе гІоло жинца гІемераб гІарац хвезабизе кканилан. Павелицаги абуна жив эбелалъ гьавуралдаса нахъего вугин Рималъул гражданин. Гьев цІалаца вухизехъин вукІарал гІадамал нахъегІан къана. АзарилбетІерги хІинкъана жинца вухь-вухьарав чи Рималъул гражданин вукІин лъайдал.
Выбор основного перевода