Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьез гьарана, жидее лъикІлъи гьабун, Павел Иерусалималде вачІинавейилан. Гьезул къотІи букІана гьениве вачунаго нухда Павел чІвазе. Нуж синагогаялдаса къватІире гъела. Нуж чІвалев чиясда гьанже Аллагь жиндаса разилъилилан ракІалде кколебгицин заман бачІунеб буго. Гьез гьеб гьабила я дун, яги дир Эмен гьезда лъачІелъул. Гьелъие нугІлъи гьабила чІахІиял кашишзабазги киналго чІухІби-хІакимзабазги. Гьезул кагъатги босун унев вукІана дун Дамаскалда ругел иман лъуразухъе, рухь-рухьун гьел Иерусалималде рачине ва гьаниб гьезие тамихІ гьабизе бокьун. Дуца гьезул гьариялъухъ гІин тІамуге. КІикъогоялдаса цІикІкІарав чи къачІан чІун вуго гьев чІвазе гъоркьчІелги гьабун. Гьев чІвачІого я кваналарин, я гьекъеларин гьедун руго гьел. Гьел ралагьун чІун руго дуца Павел судалде витІиялъухъ.
Выбор основного перевода