Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьес абуна: – Я, дир вацалги умумулги! Гьанже дихъ гІенекке нуж! Дида гІайиб гьечІолъи чІезабизе кІалъалев вуго дун. Павелиде жугьутІаз гІунтІизабулеб бугеб гІайиб мухІканго баянлъизе гІоло, нахъисеб къоялъ азарилбетІерасул буюрухъалдалъун чІахІиял кашишзабиги кІудияб судалъул гІадамалги данделъана ва, тІаса рахсалги рахъун, Павел гьезда цеве чІезавуна. Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе. Ниж сундаса чІухІизе кколел? Гьаб дуниялалда ва хасго нужеда хурхарал ишазулъ ниж хьвадулел руго Аллагьасдасан рещтІараб ракІбацІцІалъигун ва муъминлъигун. Намус бацІцІадго абулеб буго нижеца гьедин. ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъун гуро ниж гьедин хьвадулел ругел, Аллагьасул баркаталдалъунин. Къасиги къадги гьоркьоса къотІичІого дир щибаб гьари-дугІаялъулъ мун ракІалде щвараб мехалъ, дица рецц гьабула дир умумузго гІадин, ракІбацІцІадго жиндие хъулухъ гьабулев Аллагьасе.
Выбор основного перевода