Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цо сордоялъ илгьам лъугьун ТІадегІанас Павелида абуна: – Мун хІинкъуге! ВуцІцІун чІечІого, вагІза-насихІат гьабе. Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: – Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, – ян. «Мун хІинкъуге, Павел. Аллагьас рагІи кьолеб буго мун къайсарасда цеве чІезе вачинилан ва дуда цадахъ ругезеги дуе бокьараб ккезе бугилан». Рималда Павелие изну кьуна туснахъаздаса ватІаго чІезе, амма цо рагъухъан тана гьесда аскІов хъаравуллъун. Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана.
Выбор основного перевода