Балагьги-гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! ХъахІаб лажбар бахараб хобалда релълъуна нуж. КъватІисахун гьеб берцинго бихьула, амма гьелда жанибин абуни, хварасул ракьа-макъарги цогидаб хъублъиги букІуна.
– Нилъер къануналда рекъон чиясда гІайиб чІвазе бегьулебищ, ахІун аскІовегун цин гьес бицунелъухъ гІенеккичІого ва гьесул ишалъул цІех-рехги гьабичІого?