ЧІахІиял кашишзабазда ва чІухІби-хІакимзабазда аскІоре ун, гьез абуна: – Павел чІвазегІан я кваналарилан, я гьекъеларилан гьедун руго ниж.
Нужецаги нужер судалъги азарилбетІерасда лъазабе гьеб ишалъул мухІканаб цІех-рех гьабизе бокьун бугин, Павел нужехъе вачейилан. Цинги гьаниве вачунаго нухда чІвала нижеца гьев.