Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана.
Павелица кІалъазе кІал ричІилалдего, Галлионица жугьутІазда абуна: – Ле, жугьутІал, гьас цо квешлъи гьабун букІарабани яги гьасда цоги такъсир ккун букІарабани, ритІухъаб суд гьабилаан дица гьасие.
Кинабалиго рагІийила, лъилалиго цІарила, нужер къанунила, – нужер иш буго гьеб. Гьеб ишалда хурхараб суд гьабиларо дица.
Амма ягьудияз бицараб жоялдасан дида бичІчІана – дун щаклъун вукІараб цониги квешлъи гьев чияс гьабун гьечІеблъи.
Амма гьезул бугоан жидерго диналда хурхараб дагІба-къец. Павелица чІаго вугилан чІезабулеб букІарав, цо кидаялиго хварав кинавалиго ГІисал хІакъалъулъги букІана гьезул дагІба.
– ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, – ян абулеб букІана гьез цоцазда.
Гьез дир ишалъул цІех-рех гьабуна, амма чІвазе къотІизе гІураб гІайиб-хатІа батичІелъул, нахъе виччазехъин вукІана.