Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел. – Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде. Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе. Гьезда цебего лъала дун фарисеяв вукІаравлъи, ай нижер диналъул тІалабал кьуричІого тІуразарулел рукІараблъи. Гьединлъидал, гьезие бокьани, гьелъие нугІлъиги гьабила гьез. Аллагьас хварал тІаде рахъинари букІунеб-лъугьунеб жоцин гурилан абураб пикру щай нужелъ бугеб?
Выбор основного перевода