Цинги кІиго нусилбетІерги аскІове ахІун, азарилбетІерас гьезда абуна: – КІинусго рагъухъангун, гьединго лъабкъоялда анцІго рекІаравгун ва хеч кодоб бугев кІинусго аскариявгун цадахъ Къайсарияталде ине къачІай. Нуж къватІире рахъине ккола къаси сагІат ичІго тІубарабго.