Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб халкъалъул руккалилъ цояс гьадин ахІун, цояс додин ахІун, гьезул хъуй-хъаялъ щиб-кин ккарабали бичІчІизе кІвечІеб мехалъ, азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачейилан. Павелиде жугьутІаз гІунтІизабулеб бугеб гІайиб мухІканго баянлъизе гІоло, нахъисеб къоялъ азарилбетІерасул буюрухъалдалъун чІахІиял кашишзабиги кІудияб судалъул гІадамалги данделъана ва, тІаса рахсалги рахъун, Павел гьезда цеве чІезавуна. Гьезул дагІба-рагІи гІорхъулъа индал, гьез Павел тІутІун вазе гурилан хІинкъун, азарилбетІерас рагъухъабазе буюрухъ кьуна гъоркье рачІун гьев нахъе вачейилан ва хъалаялъуве щвезавейилан.
Выбор основного перевода