Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана. Рохалил хабар босун Асиялде ине Илагьияб РухІалъ гьезие изну кьечІелъул, Павелги гьесда цадахъ рукІаралги ана Фригиялдасан ва Галатиялдасан. ГІиса МасихІил чапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен – Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги. Гьезул рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялдаги бице дир салам. Асиялда тІоцебе МасихІиде иман лъурав, дие хирияв Эпенетидеги буго дир салам. Щиб абизе дие бокьун бугеб: гьересиаллагьзабазе гьабулеб къурбан магІнаяб жо бугиланищ? яги гьересиаллагь магІнаяб жо бугиланищ? Я, вацал, Асиялда нижее букІараб къварилъиялъул хІакъалъулъ нужедаги лъазе бокьун буго. Баччизе кІвеялдаса араб хІалалде ккедал, чІаго хутІиялдаса хьул къотІун букІана.
Выбор основного перевода