Цинги гьеб къотІи тІубазе букІиналъул гІаламатлъун сунат гьабизеги тІадлъуна Аллагьас. Гьединлъидал, Ибрагьимие ИсхІакъ гьавураб мехалъ, гьавун микьабилеб къоялъ гьесие сунат гьабуна. ИсхІакъие Якъуб гьавуна, Якъубиеги гьавуна анцІила кІиго вас – анцІила кІиго наслуялъул бетІер.
Вацазул жахІда бергьун гьез Юсуп Мисриялде лагълъун вичана. Амма Аллагьас гьев рехун течІо,
Жиндирго халкъалда гьоркьоб Аллагьасул амруги тІубазабун, Давуд къадаралде щвана, жиндирго умумузда хадув ана ва гьесул черхги ракьулъ турана.