Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез. Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан. Мукъадасаб Рокъоре унги, гьединго рокъо-рокъоре унги, гьез щибаб къойил гьоркьоса къотІичІого МасихІ ГІисал хІакъалъулъ бицунаан ва Рохалил хабар лъазабулаан. Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар.
Выбор основного перевода