Гьури жиндиего бокьараб рахъалде уна. Дуда гьелъул гьаракь-хъуй рагІула, амма кисан бачІунеб ва кибе гьеб унеб бугебали дуда лъаларо. Гьелда релълъуна РухІалдасан гьавуравщинав чиги.
Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана.