Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж. Аллагьас ритІухъал чагІилъун рикІкІине ругел ва ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурав Аллагьасда божулел нилъер хІакъалъулъгийин. Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. Нуж лъадалъ ччун рахъи кколаан МасихІида цадахъ хабалъ рукъиги ва гьесда цадахъ хваралъуса рахъинги. Гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул хІалкІолъиялда божидалха нуж. Абадияб КъотІиялъул биялдалъун нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, гІиял рехъеналъул кІудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтІинабурав Аллагьас нужее Гьесдалъунин нуж божулел ругел, хваралъуса вахъинавун гьев машгьурлъизавурав Аллагьасда. Гьединлъидалин нужер божиги хьулги Аллагьасде бугеб.
Выбор основного перевода