Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила. Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. Илагьияб РухІалъ цІурав Пётрица гьезда абуна: – Я, гьаб халкъалъул чІухІби-хІакимзаби! Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал. Рос-рукъалде яхъинчІей ункъо яс йигоан гьесул, ункъалъего Аллагьас кашпу-карамалъиги кьун бугоан.
Выбор основного перевода