Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал.
ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», – ян.
Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, – нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун.