Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб лъугьине бугеб заманаялъулги болжалалъулги хІакъалъулъ нужехъе хъвазе ккеларо, вацал. Нужедаго мухІканго лъалелъул ТІадегІанасул къо тохлъукьего – сардилъ цІогьор гІадин бачІунеблъи. Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо. Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи. ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда. Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги – Аллагьасул рагІи. ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес. Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», – абун цІар хъван буго. Дида вихьана бакъуда тІад чІарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хІанчІазде гьес ахІана: «Аллагьасул кІудияб кванде рачІа киналго цадахъ: парччахІзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекІаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги – гІисиназулги чІахІиязулги гьан кваназе!» – ян. Дида рихьана данделъун, чода рекІарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачІан, жанаварги, дуниялалъул парччахІзабиги, гьезул боялги. Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. Цогидал чІвана чода рекІарасул кІалдисан бачІараб хвалчаца. Ва киналго хІанчІаз гІорцІизегІан кванана гьезул гьан.
Выбор основного перевода