Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ цІурав Пётрица гьезда абуна: – Я, гьаб халкъалъул чІухІби-хІакимзаби! Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана. Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: – Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас – гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца – дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги. Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана. Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал. Цогидаб мацІалда гьезул кІалъайги гьез Аллагьасе гьабулеб реццги рагІулеб букІиндалха гьел жугьутІазда. Пётрица абуна: Илагьияб РухІалъ цІурав Шаулица (гьесул цогидаб цІар Павел букІана) гьебмехалъ гьесда бадибе абуна: Киналго муридалин абуни, Илагьияб РухІалъул цІун, роха-хинлъун рукІунаан. Цинги Павелица тІад квер лъедал, Илагьияб РухІ лъугьана гьезулъе. БатІи-батІияб мацІалда кІалъазе лъана ва гьезде Аллагьасул рагІи рещтІана. цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе – иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе – РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе – батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари. Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар. Къануналда хъван буго: «БатІи-батІиял мацІаздалъун ва гьезие чияраб каламалдалъун кІалъалел гІадамал тІамила дица гьеб халкъалда тІад, амма гьебмехалдаги гьел дихъ гІенеккиларо», – ян абулеб буго БетІергьанас.
Выбор основного перевода