Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Жинде иман лъуразде рещтІине бугеб Илагьияб РухІалъул бицунеб букІана ГІисаца. Амма Илагьияб РухІ жеги рещтІун букІунаро, ГІиса жеги жиндирго кІодолъиялде щун вукІинчІелъул. Нужер ракІбатизабулеб ва дун хисун нужехъе БетІергьанас битІизе бугеб Илагьияб РухІалъ кинабго малъила нужеда ва дица малъун тарабщинабги ракІалде щвезабила. Нужер ракІбатизабизе дир Инсудасан бачІунеб РитІухълъиялъул РухІ Инсухъан дица нужее битІараб мехалъ, гьелъги нугІлъи гьабила дие. Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: – Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе. Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги. Гьес абуна: – Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! – ян. Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал.
Выбор основного перевода