Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
гьезда гьоркьор рукІана Кипралдаса ва Киренеялдаса цо-цо гІадамал, Антиохиялде рачІун, гьениб греказдаги ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ жидеца Рохалил хабар бицине лъугьарал. Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе. Гьезухъе кьун, гьадинаб кагъатги битІана: «Нужер вацазул – чапарзабазул ва диниял бутІрузул – рахъалдасан салам буго Антиохиялда, Сириялда ва Киликиялда ругел диналъул вацазде – цогидал халкъаздасан лъугьарал вацазде. Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан. Гьединлъидал нижеца, киналго разилъун, хІукму гьабуна нижее хириял Барнабадаги Павелидаги цадахъ тІаса рищун нужехъе вакилзаби ритІизе. Барнабаги Павелги руго ТІадегІанав МасихІ ГІисал цІаралъе гІоло гІумру кьурал гІадамал. Гьединго ритІулел руго Ягьудаги Силаги. Гьезги кІалалъ бицина нужеда гьаб нижер кагътил мурад. Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго – паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан. Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, – гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам».
Выбор основного перевода