Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун! ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали. ва ахІдезе лъугьана: – ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! – ян. – ВахІ! Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! – ян ахІдезе лъугьана гьев. – Ниж гъуризе вачІун вуго мун! Дида лъала мун щивали, мун вуго Аллагьасул мукъадасав илчи! Гьебмехалъни цІакъго-цІакъ хІинкъана гьел, гьуриги карачалабиги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан цоцазда абулеб букІана гьез.
Выбор основного перевода