Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана. Амма сардилъ вачІун Бичасул малаикас, туснахъалъул нуцІа рагьун, гьел къватІире риччана. Цинги малаикас гьезда абуна: Гьале вачІун гьесда цеве чІарав Бичасул малаикасул нуралъ туснахърукъ къалъ-къалъизабуна. Хьолболъ квер тункун макьидасаги вигьинавун: «Хехго тІаде вахъа!» – ян абуна малаикас Пётрида. Гьесул кверазда рукІарал маххул рахсал рортун ана гьебмехалъ. Цо хъаравулзабазда, цинги цоги хъаравулзабазда цересан ун, туснахъалъусан шагьаралде бугеб маххул кавудухъе щвана гьел. Каву жибго рагьун ана. Гьениса къватІире лъугьун ун цо къватІ лъугІулеб бакІалде щведал, малаик цевеса тІагІана. КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана. Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана. Кагътил тІамач гІадин, зобалги сукІун ана. Киналго мугІрузги чІинкІиллъабазги жидерго бакІ хисана. Ракьалда ругел парччахІзаби, чІахІиял хІакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гІадамал, къо-асс бугел чагІи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугІрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана. МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. «Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»
Выбор основного перевода