Гьел рагІаби гІадамазул рекІел мащабазулъе ана. Нижеца щибха, вацал, гьанже гьабизе кколебилан гьикъана гьез Пётридаги цогидал чапарзабаздаги.
Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали.
«Я, бетІерчІахъад! Щибха дица гьабизе кколеб?» – абун гьикъана дица гьебмехалъ. ТІадегІанас дида абуна: «ТІаде вахъун, Дамаскалде а мун. Гьениб бицина дуда дуца гьабизе кколебщиналъул хІакъалъулъ».