Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Васасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъила. Васасухъ гІенеккичІесда абадияб гІумру бихьиларо, Аллагьасул ццин бахъин тІаса инаро гьесдаса. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: иман лъурасе абадияб гІумру буго. Аллагьасул Васасда божулесулъ жиндилъго буго гьеб нугІлъи. Аллагьасда божуларев чияс Аллагь гьереси гьавулев вуго, жиндирго Васасул хІакъалъулъ Аллагьас гьабураб нугІлъиялда гьев божичІелъул. Амма божи-иманалдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда гьадин хъван буго: «Дуца дудаго гьикъуге зобалазде щив вахиневилан?» (Гьелъул магІна – МасихІ зобалаздаса ракьалде вачине.) «Гъваридаб кІкІалахъе щив лъугьиневиланги» гьикъуге дудаго. (Гьелъул магІна – МасихІ хваразул дуниялалдаса вачине.) Гьале гьадинги хъван буго ТІухьдузда: «Аллагьасул рагІи дуде гІагарлъун буго. Гьеб дур кІалдиб буго, дур рекІелъ буго». Гьеб буго божи-иманалъул хІакъалъулъ нилъеца халкъалда лъазабулеб бугеб рагІи. Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила. Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьелда божаравщинав чиясул ракІбухІиларо», – ян.
Выбор основного перевода