Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Макьидаса вигьарав туснахъалъул хІакимасда рихьана киналго нуцІби рагь-рагьун ун. Туснахъал лъутун ун ратилилан ккун, бахъун хвалченгун живго жинцаго чІвазехъин вукІана гьев. Павелида аскІове вачІун туснахъчияс абуна: – Судияз чагІи ритІун рачІун руго нуж къватІире риччайилан лъазабизе. Гьанже нуж берцинго нахъе а гьаниса. МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана. Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. Дир гІадинаб къеркьеялъулъ гІахьаллъизе руго нуж. Нужеда гьеб доб мехалъ дилъ бихьана ва гьанже дилъ бугилан рагІулебги буго. Гьенире рачІиналде Филиппиялда нижее кьураб гІазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечІейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракІал къвакІизаруна, гьесдасан бачІараб Рохалил хабар нужееги бицине букІине.
Выбор основного перевода