Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе. Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан: – Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян.
Выбор основного перевода