Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЦІалаца вухизе вухьунеб мехалъ, гьенив аскІов вукІарав нусилбетІерасдехун вуссун Павелица абуна суд гьабичІого Рималъул гражданин вухизе законалъ изну кьолебищилан. ГьебсагІат нусилбетІерас, азарилбетІерасда аскІове ун, абуна: – Дуца гьабулеб жо щиб? Гьавни Рималъул гражданин вукІун вуго, – ян. АскІове вачІун, азарилбетІерас Павелида гьикъана: – Бице дида: мун Рималъул гражданинищ? – абун. Уйилан абуна гьес. НусилбетІерас гьениб абуна гьеб гражданлъи щвезе гІоло жинца гІемераб гІарац хвезабизе кканилан. Павелицаги абуна жив эбелалъ гьавуралдаса нахъего вугин Рималъул гражданин. Гьев цІалаца вухизехъин вукІарал гІадамал нахъегІан къана. АзарилбетІерги хІинкъана жинца вухь-вухьарав чи Рималъул гражданин вукІин лъайдал. Дун такъсирчи ватани ва чІвазе къотІизе гІураб гІайибги дида ккун батани, хвезе разияв вуго дун. Амма гьаз диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвечІони, лъилниги ихтияр гьечІо дун гьезул кверде кьезе. Къайсар вукІине виччай дие къадилъун! Жиндирго мажлисалда дандги бан, Фестица Павелида абуна: – Къайсар къадилъун вукІине бокьун батани, къайсарасухъе витІила дица мун.
Выбор основного перевода