Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
БетІергьанасул цІобалъ рехун тогегиян дугІаги гьабун, Павелги тІовитІана вацаз. Силаги вачун, Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: – Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго. Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасул къануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез! Гьел устарзабиги ва гьесулалда релълъараб цогидаб махщелалъул гІадамалги данде ракІарун, гьес абуна: – ГІенеккея, нужеда лъала нилъер магІишат гьаб даран-базаралда бараб бугеблъи. Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби – гьел аллагьзабилъун кколарилан. Нужецайин абуни мискинал рикІкІунел гьечІо! Бечедаз гуребищ нужеда тІад зулму гьабулеб бугеб? Гьез гурелищ нуж суд гьабулел рокъоре рехъерхъулел?
Выбор основного перевода