Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Бакъги щинкІулеб бугин, сордоги тІаде щолеб бугин, жидеда цадахъ чІайилан тІаделъана гьел гьесде. Разилъун гьезда цадахъ рокъове жаниве лъугьана ГІиса. Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар». Гьеб сордоялъ рокъоре рачун гьес Павелилги Силалги ругънал чурана. ГьебсагІат гьез гьевги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана. Синагогаялъул бетІер Криспицаги гьесул рукъалъул агьлуялъги ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьенир Павелихъ гІенеккарал Коринфалдаса гІезегІанго чагІаз иман лъуна ва лъадалъ ччун рахъизаруна.
Выбор основного перевода