Дида цадахъ вукІарав Титцин, гьев грекав вукІаниги, сунат гьабизе лъицаниги тІамичІо гьенив.
Амма цо-цо «гьересиго вацал» дагьа-дагьалккун нижеда гъорлъе рорчІулел рукІана, МасихІ ГІисадасан щвараб нижер эркенлъи кинаб бугебали жасуслъи гьабизе ва ниж лагъзаллъун ккезаризеги бокьун.
Рохалил хабаралъул хІакъаб магІна нужелъ хутІизелъун цо лахІзаталъгицин мутІигІлъичІо ниж гьезие.