Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нужер черх чІвазе кІолезукьа хІинкъуге нуж, – рухІ чІвазе кІоларелъул гьезда. Нуж хІинкъа нужер рухІги черхги жужахІалъубе рехизе кІолев Аллагьасукьа. Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана. Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги. Киналго гІадамазул – гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе. Абадул абадиялъго эхеде унеб букІина гьезие бугеб гІазаб-гІакъубаялъул кІкІуй. Жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабуразе ва гьелъул цІаралъул гІуж лъуравщинасеги я къад, я къаси рахІат-хІалхьи букІине гьечІо». Ва инеги ун тІоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гІуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамазул чурхдузда лъугьана цІакъ захІматал ва ракІ гъанцІулел ругънал. Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.
Выбор основного перевода