Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Бергьаравги дица гьавила дирго Аллагьасул кІалгІаялъул хІубилъун. Гьев тІокІав киданиги гьениса къватІиве лъугьинаро. Дица гьеб хІобода хъвала дирго Аллагьасул цІар, дирго Аллагьасул шагьаралъул – дир Аллагьасдасан зодисан рещтІине бугеб цІияб Иерусалималъул – цІар ва дирго цІияб цІарги. Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. «Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чІвазегІан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветІ-хералъе зарал гьабуге нужеца». Дида рагІана Исраилил киналго наслабаздасан нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда мугьру чІван бугин абулеб:
Выбор основного перевода