ЦІадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукІана хІатІал. Лъадал кІудияб чвахелоялъул гІадинаб букІана гьаракьги.
Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна – Аллагьасул халкъалъул дугІа.)