Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго. «Мун нижер БетІергьан Аллагь, кинабго жо дуца бижидал, кинабго дуе бокьухъе бижун бугелъул, мун мустахІикъав вуго дуе рецц гьабизеги, къудратав ва хІалкІояв вугилан абизеги». Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги. ГьебсагІатго кутакалда ракь багъарана. Шагьаралъул анцІил бутІа щущан ана, ракь багъариялдалъун хвана анкьазарго чи; чІаго хутІаразги, кутакалда хІинкъун, зобалазул Аллагьасе рецц гьабулеб букІана. Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал.
Выбор основного перевода