Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КІудияб шагьар Вавилон лъабго бутІаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тІатІала ккана. Гьедин Аллагьасда ракІалде щвана кІудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цІураб щурун. Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецІе, гьелъ гьабунщинабги кІиго бутІаялде бахинабун бецІе. Гьелъ чогърол цІун кьураб лълъар, кІицІулго цІезабун, кье гьелъие. Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги. Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел.
Выбор основного перевода