Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КІудияб шагьар Вавилон лъабго бутІаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тІатІала ккана. Гьедин Аллагьасда ракІалде щвана кІудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цІураб щурун. Дуниялалъул парччахІзабигун лъугьун хъахІбалъи гьабулеб букІана гьелъ, ва гьеб жиндирго хъахІбалъиялъул чогъроца ракьалда ругелщинал мехтизаруна гьелъ». Гьелъул надалда хъван букІана балъгояб цІар – КІудияб Вавилон шагьар – хъахІбабазулги дуниялалъулго хъублъидулги эбел абун. Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтІаби чІараб бакІлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хІинчІ бахчулеб бакІлъун лъугьана гьеб. Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахІбалъиялъул чагъир тІолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахІзабазгун цадахъ гьелъ хъахІбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин». Гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдаса хІинкъун, рикІкІадаги чІун: „Вай, вай, Вавилон – кІудияб шагьар, щулияб шагьар, цохІо сагІаталда жаниб тІубана дуе къотІараб хІукму“, – ян абила гьез.
Выбор основного перевода