Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда – дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда – данде багъизе ана гьеб. Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана.
«Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечІого хутІуларо. Хвалчаца чІван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чІван хвечІого хутІуларо». Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан.