Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЧІахІил хьон хуриб хьарав тушман ккола илбис. Лъилъаризе заман щвараб мех ккола ахир къиямасеб къо. Лъилъарухъаби ккола малаикзаби. ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги – киналго. Гьел чирахъазул бакьулъ вугоан ГІадамил Лъимада релълъарав чи. Гьесда тІад букІана хІатІазде щвараб гІаба ва карандасан борчун букІана меседил рачел. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго хъахІаб чу. Гьелда рекІарасухъ чІорбутІ буго. Гьесухъе таж кьун букІана ва, бергьиналда ракІчІарав чи кинигин, вачІунев вукІана гьев бергьенлъи босизе.
Выбор основного перевода