Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеле гьедин, дир хириял вацал, къвакІун чІа нуж, къуркьуге нуж. ТІадегІанасе гІоло тІадчІун хІалтІе. Нужеда лъан букІа: ТІадегІанасде цолъун гьабураб нужер хІалтІи гІадада холаро. ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Аллагьас рахІат-хІалхьиялъе кьелилан къотІи гьабураб бакІалде лъугьуневщинав чияс, хІалтІи лъугІун хадуб хІалхьи гьабула, Аллагьас жиндирго хІалтІудаса хадуб хІалхьи гьабураб гІадин. Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез.
Выбор основного перевода