Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а. лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила. Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!» Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана. Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги. Киналго гІадамазул – гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе. Гьездаго хадув цун вачІунев вукІана лъабабилев малаикги. КІудияб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Жанаваралъе яги гьелъул сураталъе сужда гьабурасги ва надалда яги квералда гІуж бан бугесги Ва инеги ун тІоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гІуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамазул чурхдузда лъугьана цІакъ захІматал ва ракІ гъанцІулел ругънал. Цоги нухалъ ахІулеб рагІана: «Гьаллелуя! Гьелъул кІкІуй абадул абадиялъго эхеде ине буго!» – ян. Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.
Выбор основного перевода